Аль-КъагIидаялъ тIад босун буго ГIиракъалда гьабураб гьужумалъул жавабчилъи

Итни къоялъ Багъдадалда аскIоб бугеб кIиго туснахъалде гьарурал гьужумалъул жавабчилъи жидеда тIад Аль-КъагIидаялъул гIахьалчагIаз босун буго.

РакIалде швезабизин: итни къоялъ ГIиракъалъул тахшагьаралъул сверухълъиялда ругел туснахъазде гьабураб кIиго гьужумалъул хIасилалда гIага шагарго 25 чи чIван вуго.