«Кавказалъул хIаязде» Дагъистан хIадурлъун гьечIо

Исана Дагъистаналда тIобитIизе кколеб букIараб «Кавказалъул хIаял» илан абураб спортивияб тадбир Пятигорскалда гьабизе буго. Республика хIадурлъун гьечIо гьел хIаязде.
Гьал къоязда Дагъистаналда щвана хIаязул оргкомитеталъул вакилзаби. Шималияб Кавказалъул федералияб бутIаялъул нухмалъулев хисулев Одес Байсултанов ккола комитеталъул директоралъун.

МахIачхъалаялда гьев щвана «Труд» стадионалда ва хIаязда гIахьаллъулезе хIадурарал отелазда. Комитеталъул вакилазе рекIее гIун гьечIо я стадионги, я отелалги. Хасго гьезие бокьичIо хIинкъигьечIолъиялъул масала тIубангьечIолъи. Гьелдалъун, исана «Кавказалъул хIаял» Пятигорскаялда тIоритIизе ругилан абуна Байсултановас.

Россиялда тIобитIизесеб Олимпиадалъул культурияб программалъул бутIалъун кколаан «Кавказалъул хIаял». Дагъистаналда гьел хIаял гьаризе ругин лъазабуна гъоркьисала октябралда.

Исана февралалда республикалъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абуна Спорталъул министерлъиялда, Дагъистан хIаязда бергьичIони, министерлъиялъул киналго хIалтIухъаби хъулухъаздаса нахъе рахъине ругилан.

Дагъистаналъул спорталъул министерлъиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас журналистазе баянал кьолаго абуна, комиссиялъе рекIее гIечIин цохIого цо хIинкъигьечIолъиялъул суал ва стадионгун отелал хIадуралго ругин.

Гьединго гьес абуна Дагъистаналъул спортсменал хIадурлъулел ругин хIаязде ва республикаялдаса командаялъе тIоцебесеб бакI щвезе кколин.

Пятигорскалда тIоритIизесел хIаязе Ставрополь мухъалъ бичан буго гIарцул 45 миллион. ТIаде жубазе ккола, Дагъистаналда гьел хIаял гьаризе бихьизабураб бюджет 100 миллионалде бахана.

«Кавказалъул хIаял» тIоцебе гьабуна 2010 соналда Карачаево-Черкесиялъул Хабез росулъ. Кавказалъул батIи-батIиял миллатазда гьоркьор тIоритIирал спортивиял хIаязда гIахьаллъула спортсменал.

Жибго тадбир ургъарав чилъун ккола олимпиадалъул чемпион Исраил Арсамаков. Гьес гьарурал «Кавказулъул хIаял» рекIее гIуна Россиялъул спорталъул министерлъиялъе.

Амма министерлъииялъул хIакимаз спортивиял цо-цо тайпаби нахъе росана гьеб тадбиралдаса. Гьелдалъун министерлъи судалда кьуна Арсамаковас. Гьев живгони хIаязул оргокомитеталдаса нахъе рехана.

Жиндаги гьикъичIого хIаязул программа хисизе министерлъиялъул ихтияр букIинчIин абулеб буго Арсамаковас. Гьесул рагIабазда рекъон, спорталъул цо-цо тайпаби министерлъиялъ нахъе рахъана тадбиралдаса гьез терроралъул пропаганда гьабулеб бугиланги абун.

Арсамокавас бицаралда рекъон, ишан босун рехулеб резинадул торгIо министерлъиялдаса хIакимазда бихьун буго граната рехиялда релъараблъун, борхатаб мегIералда рекерун рахиги боевиказул ругьунлъилъун бихьун буго.

«Кавказалъул хIаязда» гъорлъе уна, мисалалъе, волейбол, шахматал, столалда тIад хIалеб теннис – спортивиял гьел тайпаби кавказалъулазда гъорлъ раккарал гурилан абулеб буго Арсамаковас.

Спорталъул министерлъигун Арсамаковасул диван халатбахъунеб буго. Диваналъул иргадулаб данделъи тIобитIине ккола августалъул байбихьуда.

Диваналда тIаса баянал кьолаго Шималияб Кавказалъул федералияб бутIаялда вугев Россиялъул президентасул вакил Александр Хлопониница абуна «Кавказалъул хIаязда» гъорлъ Олимпиадаялда рукIунел спорталъул тайпаби ратаниги, жибго тадбир миллияб маданият цебетIеялъе гIоло гьабулеблъун бугин.

Спортивияб гугариялъул федерациялъул вакил Абшин Абшиновас абуна «Эркенлъи» радиоялъе «Кавказалъул хIаязда» спорталъул гьанже ругел тайпаби рукIин жинда мекъ бихьуларин.

Абшин Абшинов: «Гьел нилъер гIадатал гурищ ругел. Нилъер умумузда гьоркьор тIиритIун рукIарал спортивиял хIаял гурищ гьел. Имам Шамилие гугаризе бокьулеб букIун буго, спортивиял кIанцIеязда гьев гIахьаллъулев вукIун вуго.

«Кавказалъул хIаял» хасго дида цохIо спортивияб тадбирлъун бихьуларо. Гьеб ккола нилъер тарих ва маданият ракIалде щвезабулеб тадбирлъун. Гьел хIаязда гъорлъ гьанже ругел спортивиял тайпаби рукIаниги щиб?

Добго гугари, дзюдо, тхэквондо – гьездаги кавказулъул спортилан абизе бегьула. Гьел хIаязда нилъераз бергьенлъаби росулел. Гьел хIаязда гурищ гьанже гIолохъаби унел».

«Кавказалъул хIаязда» гIахьаллъизе бегьула Россиялъул югалъулал регионалги ва гьединго кавказиязул диаспораби ругел регионалги ва улкабиги.