Мисралда Конституциялда гьаризе руго хиса-басиял

Мисралъул заманалъулав президент Адли Мансурица шамат къоялда гIуцIун буго 10 эксперт-юрист гъорлъ вугеб хасаб къукъа. Гьел тIадхIалтIизе ккола улкаялъул конституциялда гьаризесел хиса-басиязда тIад. Гьезул хIалтIул хал гьабизе буго дагьабги кIудияб комиссиялъ ва гьелдаса хадуб гьел хиса-басиял росизе руго референдумалде.
Цебе букIараб исламистаз гIуцIараб конституциялъул къуват лъугIун букIана рагъулаз 3 июлалда президент МухIамад Мурси хъулухъалдаса вахъараб мехалда.