Мисралда тунка-гIусиязда хун руго кIиго чIужугIаданги цо лъимерги

Мисралда хъулухъалдаса вахъарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккуразда ва гьезде данде ругезда гьоркьор тунка-гIусиял ккедал хун вуго лъабго чи-гьелги кIиго чIужугIаданги цо лъимерги. Жеги микьго чи лъукъун вуго. Мурси хъулухъалде тIад вуссинавеян тIалабгун аза-зар чи вахъун вукIана улкаялъул чанго шагьаралъул къватIахъе рузман къоялда. Шамат къоялъул радал абуни Тахрир майданадда вакIарун вукIана Мурсиде данде ругезул аза-азар чи. 3 июлалда хъулухъалдаса рехарав Мурси жанив тIамун вуго ва гьев кив вугевали лъазабулеб гьечIо.