Навальный туснахъалъуса къватIиве виччан вуго

Алексей Навальный туснахъалъуса къватIиве виччан вуго, 19Июл2013

Россиялъул оппозиционияв активист Алексей Навальный ва бизнесчи Офицеров Петр туснахъалъуса къватIире риччан руго. Гьединаб хIукму гьабун буго Кировалъул ракьалъул диванханаялъ. Хамиз къоялда гьел щуго ва ункъго соналъ жанир тIамизе диваналъ къотIараб хIукму къуваталде лъугьинегIанго гьел жанир тIамиялда бан прокуратураялъ хъван букIараб гIарзаялъул мурад тIубазабун къватIире риччан руго гьел.

Гьебго гIарзаялда прокуратураялъ кIвар буссинабулеб букIун буго Москваялъул мэрасул хъулухъалде Навальныяс байбихьараб рищиязул кампаниялъеги гьев жанив кквеялъ квал-квал гьабулеб бугин. Гьел рищиязда гьанже жив гIахьаллъизе вугищали жиндирго штабгун пикру дандбазе кколин абун буго Навальныяс журналистазде туснахъалъуса виччан хадуб.

«Кировлес» компаниялъул буголъи бикъараллъун лъазарун Киров шагьаралъул диваналъ хамиз къоялда гьесие щуго ва Офицеровасе ункъго сон туснахъалъул къотIун букIана ва гьеб параялъго гьел жанир тIамунги рукIана. Гьеб хIужаялда тIасан хъван букIана прокуратураялъ гIарза. Гьелдаса хадуб Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда къватIахъе вахъун вукIана Навальный жанив тIамиялда разиял гьечIезул гIемерав чи. Цо Москваялда полициялъ ккун вукIун вуго 200-гIан акциячи. Гьел киналго гьанже къватIиреги риччан руго.