Олимпиял чемпионазул "къебелъи"
Your browser doesn’t support HTML5
Хасавюрталда кидаго цΙун рукΙунел гугарухъабазул залазда анцΙ-анцΙ соназ гΙезарулел руго Олимпиадаязул чемпионал. Цо-цоязе абуни, гьенир щварал бергьенлъаби ккола тlолабго гΙумруялде канлъи рехулеб нур гуребги къваригlел гьечlел жалаздаса жал цlунулеб канлъиги. Амма Олимпиадаязул "меседалде" гьезие нух къазеги бегьула Олимпиадаялъул Халкъазда гьоркьосеб Комитеталъ. Гьеб хΙадурлъулеб буго сентябралда гугари Олимпиял хΙаязул сияхΙалдаса нахъе бахъиялъул суал гьоркьоб лъезе. Austin Malloy, VOA News