Царнаевасул сураталъухъ какулеб буго Rolling Stone

Америкаялда кIудияб критика щун буго Rolling Stone даптаралъе Царнаев Жовгьарил сурат тIасияб гьумералда кьезе рахъаралъухъ. Facebookалда гьеб гьумерги лъун даптаралъ лъазабулеб букIун буго августалда къватIибе бачIине бугеб номералда Бостоналда кьвагьиял гьариялъул щаклъи бугеб Царнаевасул бицине бугин. Гьебги лъикIаб букIиниселде нух босарав васасул вахIщияв чи кин лъугьаравали бицунеб макъала букIине бугин. Гьеб параялъго аза-азар чияс хъван буго даптаралде гьеб хIукму какун кагътал. Цо-цо тукабаз лъазабун буго жидеца гьеб номер бичизе гьечIин. Бостоналъул мэриялъ абун буго даптаралъ Царнаев машгьурал гIадамазул сияхIалда лъолев вугин. Амма Rolling Stone даптаралъул редакциялъ абулеб буго жидеца гьабулеб журналистикаялъул каноназде данде кколин.