Афгъанистаналъул чIван вуго бакIалъул 8 чи

Афгъанистаналъул Логар провинциялда чIван вуго бакIалъул микьго чи. Гьел унел рукIун руго америкаялъул рагъулаб базаялде хIалтIизе. РакIалде кколеб буго тIадекIанцIи тIалибаз гьабун бугин. БакIалъул полициялъул нухмалъулев хисулев Раис Хан Садикъица лъазабухъе, гьел чагIаз чIезабун буго хIалтIухъаби рекIун унеб букIараб автомашина, цинги гьеб гIагардисеб росулъеги бачун ботIролъ гулла речIчIун цоцазда хадур чIван руго гьел киналго. Цебе тIалибаз лъазабун букIана рамазан моцIалъухъ балагьичIого жидеца теракталги тIадекIанцIиялги халат рахъинаризе ругин.