Индиялда хун буго 22 лъимер

Индиялда 22 лъимер хун ва анцI-анцI азараханаялде щвезабун буго школаялда кванан хадур. Гьеб лъугьа-бахъин ккун буго Бихар абулеб штаталъул Масракх абулеб гьитIинабго росулъ талат къоялда. ЦIех-рех гьабулезул цересел баяназда рекъон, гьез кванараб кванилъ ролъгун пиринчI хIутIаздаса цIунизелъун пунхъун букIараб загьрудал хутIелал рукIине рес буго. Хварал лъималазе букIун буго микьгоялдаса анцIила цоялде щвезегIан сонал.