Дагъистаналда чIван вуго полициязде кьвагьдеялъул щаклъи бугезул цояв

Дагъистаналда чIван вуго полициялъул автомашинаялде кьвагьдеялъул щаклъи бугезул цояв, цогияв валагьулев вуго. Гьедин лъазабулеб буго республикаялъул низам цIунулел идарабаз. Гьезулго баяназда рекъон, гьев кIиабилев валагьулев вуго кIиго тирелоялъул кумекалдалъун.

ГьатIан къоялда щалали лъаларел чагIи къвагьдон рукIана полициялъул цIех-рехалъулабгун-оперативияб къукъа рекIараб автомашинаялде Лак мухъалъул Бурши росулъ. Ункъго полицияв гьеб бакIалдаго хун вукIана.