Афро-американиял рази гьечΙо диваналъул хΙукмуялда

17 сон барав афро-американияв Трэйвон Мартин чΙваялъул гΙайиб гΙунтΙизабурав Джордж Циммерман гΙайиб гьечΙевлъун рикΙкΙун буго Флорида штаталъул гьа баразул диваналъ. Анлъго чΙужугΙаданалдаса жюриялъ хΙукму гьабун буго, Циммерманил хьвада-чΙвади хурхараб букΙанин живго цΙуниялдайин.

Шамат къоялда Цолъарал штатазул афро-американиязул вакильзабаз тΙобитΙун букΙана протесталъул акция. Гьез рикΙкΙунеб буго гьа бараз Циммерман гΙийиб гьечΙевлъун рикΙкΙун вугин расаялде балагьун рокьукълъиялъул бербалагьи букΙиналъин.