Румыниялъул диктатор Николае Чаушескул гIакълучилъун вукIарав Ион Михай Пацепаца жиндирго цIияб тIехьалда абулеб буго Цолъарал Штатазде ва ГIизраилалде данде жакъа бачунеб терроризмалъе кьучI 1970-билел соназда КГБ-ялъ лъун рукIанин.
«Дезинформация» абулеб жиндирго цIияб тIехалда гьес абулеб буго буго 40-гIан соналъ цебе Америкалде ва ГIизраилалде данде бараб Совет Союзалъ гIуцIараб пропагандалъ гьанжелъагIанги асар гьабулеб бугин дунялалда бугеб ахIвал-хIалалъе.
Румыниялъе Николае Чаушескоца нухмалъи гьабулел соназда Ион Михай Пацепа хIалтIулев вукIана къватIисеб цIех-рехалъул хъулухъалъул бетIерлъун. 1978 соналда гьев лъутана Цолъарал Штатазде.
Америкалъул гIалимчи Рональд Рыхлакицагун цадахъ хъвараб «Дезинформация» абулеб жиндирго цIияб тIехьалда Ион Пацепаца ракI чIун абулеб буго ГIараб ва тIолго бусурбан дунялалда Америкалде ва ГIизраилалде бараб рокьукълъи КГБ-ялъ бижизабун букIанин, хасго Юрий Андоповасул нухмалъиялда гъоркь.
1967 соналда букIараб рагъда къурал гIараб улкаби ГIизраилалде гьусинариялъул ва ГIизраилалъул къадру хвезабиялъул хасаб операция байбихьанин Юрий Андроповас, ва гьеб букIанин нацистазул пропагандаялда релъараб ишилан. Гьадин хъвалеб буго «Дезинформация» абулеб тIехьалъул автораз.
SIG- абун кьураб балъгояб цIаралда бугеб гьеб операция байбихьанин 1972 соналда. Аза-азар «асар гьабулев агентилан» абурав жасус витIун вукIанин гIараб улкабазде. РукIанин гьезда гъорлъ Совет Союзалдаса гуребги Машрикъалъул Европаялдасаги бусурбаби.
1987 соналда Пацепаца къватIибе биччараб «БагIарал горизонтал» абулеб тIехалъ кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна. Пацепаца гIемерал балъгоял жал гIадамазе рагьана Николае Чаушескул низамалда хурхарал.
35 соналъ цебе ватIан тун, къватIивехун гочарав Ион Михай Пацепаца гьанжелъагIан гIумру гьабулеб буго Централияб ЦIех-Рехалъул Идараялъул цIуниялда гъоркь.
Гьес мухбирзабигун гара-чIвариялдаса инкар гьабулеб буго, амма гьоркьохъанлъиялъул кумекалдалъун нижер радиоялъул суалазе хъвай-хъвагIаялъул къагIидаялда жавабал кьезе гьев разилъана. Гьале гьесул жавабал:
«1978 соналда Румыния тун, къватIиве инегIан дица 500-гIан балъгояв агент витIана батIи-батIиял бусурбан улкабазде. Гьезул гIемерисел рукIана диниял гурел гIадамал: тохтурзабиги, инженералги, мугIалимзабиги.
Москваялъул баяналда рекъон 1978 соналда Совет Союзалъул хасал хъулухъаз гIага-шагарго 4000 гьадинав жасус витIана Ислам дунялалде», - ян хъвалеб буго Румуниялъул вукIарав хъасав хъулухъчи Ион Михай Пацепаца.
ЦIорол рагъул заманалда ГIагараб Машрикъ букIанин Совет Союзалъе кIвар цIикIкIараб бакIлъун. Аслияб къагIидалда гьениб хIалтIизабулеб букIараб политика хурхараб букIана палестиниязул ишкалалда.
«Дезинформация» тIехьалъул автораз рачунел руго цогидал бакIазда дурус гьаричIел батIи-батIиял мухIканлъаби. Масала Рональд Рыхлакица абулеб буго «Сионалъул гIакъилазул протоколал» абулеб асар басмаялда кьабун, гьелъул аза-азар экземпляр хасго КГБ-ялъ тIибитIизабун букIанин.
Ракъалде щвезабизин – гьеб асаралда бицен унеб буго Европаялда тIад жугьутаз бетIерлъи гьабизе ургъараб планалъул хIакъалъулъ.
Гьеб гуребги, тIадехун рехсараб тIехалда абун буго КГБ-ялъ кумек гьабун букIанин Палестинаялъул Халкъияб Фронт гIуцIаразе ва гьезул къукъаби терактал гьаризе ругьунлъизариялъе.
Эркенлъи радиоялъе хъван битIараб жиндирго жавабалда Ион Михай Пацепаца абулеб буго Америкалде теракт гьабураб къо ай 2011 соналъул 11 сентябрь гIемерал палестинияз кIодо гьабулеб букIанин зулмуялда тIад гьабураб бергьенлъиялъул къо хIисабалда.
Россиялъул империялъул антисемитизмалъул политикаялъ «погромал»
рижизарунин ай - жугьутIазде гьужумал, нацистазул антисемитизмалъ бижизабунин Холокост, советияб анисемитизмийн жакъасеб халкъаздагьоркьосеб терроризмалъе гIиллалъун ккун бугин, хIасил гьабулеб буго Румыниялъул хасаб хъулухъалъул вукIарав бетIерас.