Мисралъул президентасул ва парламенталъул рищиязул болжал чΙезабулеб заманалъ улкаялъул президентасул ишал тΙуразарулев ГΙадли Мансурил буюралда рекъон гьечΙо «Бусурбаби-вацал» абураб багъа-башари.
Багъа-башариялъул политикияб гΙаркьеллъун кколеб «Эркенлъиялъулгун ритΙухълъиялъул партиялъул» нухмалъулев хисулев Эссам Аль-Эрианица лъазабуна буго, гьеб планалъ улка некΙсияб заманалде нахъ буссинабизе бугин.
Итни къоялда Мансурица гъулбасараб буюриялда рекъон, кΙиго анкьида жаниб бакΙаризе ккола Конституциялъул ассамблея. Гьелъ хΙадур гьаризе ккола улкаялъул аслияб къануналъул хиса-басиял. Буюриялда рекъон, парламенталъул рищиял Мисралда тΙоритΙизе ккола хадусеб соналъул февралалда. Гьезда хадуб лъазабизе ккола президентасул рищиязул болжал.