Латвия босулеб буго еврозонаялде

Талат къоялда евроцолъиялъул улкабазул экономикаялъулгун финасазул министраз тасдикъ гьабуна 2014 соналъул Ι январалдаса Латвия евроялъул зонаялде гъорлъе босиялъул хΙукму.

Латвиялъул премьер-министр Валдис Домбровскияс лъазабуна, гьеб позитивяб баян кколин жибго Латвиялъе гуребги Европаялъеги, еврозонаялъегиян. Латвия лъугьунеб буго еврозонаялъул 18-билеб улкалъун.

2011 соналда Балтиялъул улкабазда гъорлъан тΙоцебе еврозонаялде гъорлъе лъугьана Эстония.