Британиялдаги "хΙалтΙизе" буго "Магнитскиясул сияхΙ"

Инсанасул ихтиярал цΙунулеб Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул бетΙер Людмила Алексеевалъ рахъ ккуна Цолъарал штатазул «Магнитскиясул сияхΙалда» вугев 60 россиялъуласе Британиялъ жидерго территориялде рачΙине гьукъиялъул хΙукмуялъул.

Интрефакс агентлъиялъе интервьюялда гьелъ кΙвар буссинабуна «рес кΙудиял» россиялъулазе Британиялде хьвадизе бокьулеб букΙиналде ва гьезие Лондоналъул гали цΙакъ ракΙалъе гΙолареб букΙиналде.

The Telegraph газеталъ лъазабухъе, гьукъиялъул хΙакъалъулъ информация рагΙула депутат Доменик Раабил кагътил суалалъе хΙукуматалъ кьураб жавабалда. Праламентарияс цΙехолеб букΙун буго «Магнитскиясул сияхΙалдаса» британиялъул территориялде хьвадулел гΙадамазул хΙакъалъулъ.