«Вацал-бусурбабазул» цевехъан ккун вуго

«Вацал-бусурбаби» багъа-бачариялъул рухIияв цевехъан МухIамад Бадиясде гIадамал цоцаде гьуссиялъул гIайиб гIунтIизабун буго. ХIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъчагIазул баяналда рекъон гьев Мерса-Матрух абулеб шагьаралда ккун, доваса Каиралде швезавун вуго.

Хамиз къоялъул къаси МухIамад Мурсил рахъ ккуразда ва гьесул дандиязда гьоркьоб багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда анцIгогIан чи чIван вуго, анцI-анцIгоявги лъукъана.