Юнус-Бек Евкуровас хъулухъ тезехъин буго

Гъалгъастаналъул бетIер Юнус-Бек Евкуровас гIарз хъван лъазабуна, жив хIалхьиялде ине вугин абун.

Россиялъул президент Владимир Путиница гьаб гьесул хIукму къабул гьабуна.

Республикаялъул къануназда рекъон цIияв бетIер бакIалъулаб парламенталда вищизехъин вуго.

Евкуровас Путиниде лъазабуна жив гьел рищиязда гIахьаллъизе вугин абун.

Евкуровас республикаялъул бетIерасул ищал тIуразаризе руго цIияв президент вищизегIан.