Мисралъул аскарияз ультиматум лъазабуна

Талат къоялъ Мисралъул президент МухIамад Мурсица нахъ чIвана рагъулазул ультиматум. Гьез тIалаб гьабуна 48 сагIаталда жаниб оппозициягун маслигьат гьаби. Мурсицайин абулеб буго жиндир хасаб план бугин улка кризисалъукьа борчIизабизе.

Итни къоялъ рагъул хъулухъчагIазул цо къукъаялъ лъазабуна, нагагьлъун кризисалъукьа улка борчIизабизе тIалъиялда кIвечIони, жидеца ахIвал-хIалалъухъ балагьун хIукму гьабизехъин бугин.

Талат къоялъ жиндиего бокьухъе жиндирго хъулухъ тана Мисралъул къватIисел ишазул министр МухIамад Камель Амрица. Жеги щуго министрас хъулухъал тана гьалкъояз хIукуматалде данде демонстрациял байбихьаралдаса.

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца МухIамад Мурсидехун вуссун, ахIи бана разилъи гьечIел гIадамазул гьаркьал ва оппозициялъул тIалабал гIадахъ росеян абун.