Мисралда нахъеги протестал

ГьатIан къоялъ Мисралда рагъарарал-тунка гIуссиязул хIасилалда чIваразул къадар 16 чиясде бахана.

Итни къоялъ гьеб улкаялъул тахшагьар Каиралда анцI-анцIго демонстрантас «Вацал-бусурбаби» абулеб хIакимлъуда бугеб партиялъул штаб-рукъобе тIаде кIанцIи гьабуна.

Гьебго къоялъ «Къеркьейчи» абулеб оппозиционияб багъа-бачариялъул вакилзабаз тIалаб гьабуна Мисралъул президент МухIамад Мурсица хъулухъ тей.

Гурони – гьеб багъа-бачариялъ байбихьизехъин бугин гражданияб мутIигIлъунгутIиялъул акция.