Манделаде ваккизе азарханаялде инчIо Омаба

Жанубияб Африкаялъул Республикаялъул вукIарав президент Нельсон Манделаца эркенлъиялъе гIоло ва расаялде балагьун дискриминациялде данде гьабураб къеркьеялдалъ эркенлъиялде тIолабго дунялалъул гъира базабуна.
Гьедин абуна Америкалъул президент Барак Обамаца шамат къоялда Преториялда. Гьениб гьес кьолеб букIана пресс-конференция Жанубияб Африкаялъул Республикаялъул президент Джекоб Зумада цадахъ. Гьенибго Обамацас рахIат хвей загьир гьабулеб букIана Мисралда цIиял тунка-гIусиял ккеялдаги. Мисралъул президент МухIамад Мурси гьес ахIана улкаялда политикияб кризисалъе ахир лъезе оппозициягун конструктивияб диалог гьабизе.
Жанубияб Африкаялъул Республикаялде Обама щун вукIана африкаялъул лъабго улкаялде бухьараб турнеялъул гIурхъабалъ. Ракълилаб рахъалъ Нобелил премия щварав Манделаде ваккизе азарханаялде инчIо Омаба гьесул хъизамалъул гьари тIубазабун. Рузман къоялда тохтурзабаз лъазабуна 94 сон барав Манделае цодагьабго мадар лъугьун бугин.