Щибаб анкьица Россиялдаса чанго нусго чияс гьарулеб буго Польшаялда азил

Щибаб анкьида жаниб Россиялдаса чанго нусго чияс гьарулеб буго Польшаялда политикияб лъутизе бакIал. Гьедин лъазабуна гьеб улкаялъул Россиялда вугев вакилас. Цо араб моцIгун бащдабгIанаб заманалда жаниб россиялдаса 450ялдаса 600ялде щвезегIан чияс щибаб анкьица гьарулеб букIанин лъутизе бакIал, цо-цо мехалда гьезул къадар цо анкьие-900ялдецин бахунебги букIанин абуна вакилас. Россиялъул парламенталъул депутаталгун букIараб данделъиялда Войцех Зайончковскияс гьединго абуна лъутизе бакIал аслияб къагIидаялда Белорусиялдасан рачIунел чачаназ гьарулеб бугин ва гьезул цIикIкIунисезул гIарзаязул мурадги жидеца тIубачIин. Федерациялъул Щураялъул вице-спикер Ильяс ГIумахановасул пикруялда гьелъ бихьизабулеб буго «къануналде данде кколареб куцалда гIадамал доре рачунеб лъикI гIуцIараб канал букIин».