Сноуденил суалалъ хIалуцинарулел руго улкабазул гьоркьолъаби

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна Америкаялъул ЦРУялъул вукIарав хIалтIухъан Эдвард Сноуденил ихтияр бугин Москваялъул «Шереметьево» аэропорталдаса бокьараб улкаялде воржун инейин. Министрелъиялъул официалияб сайталда лъураб баяналда абулеб буго Россиялъул гьесда кинабгIаги юридикияб дагIба гьечIин. Америкаялъул нухмалъиялъ Сноуденида гIунтIизабулеб буго электронияб халкквеялъул рахъалъ Америкаялъул балъгоял программаби тIолабго дунялалда лъазабиялъул гIайиб.

ГьатIан къоялдаса нахъе Сноуденица бахун гьечIо «Шереметьевоялъул» транзитияб зона. Гьениве гьев вачIун вукIана Гонконгалдаса. Политикияб лъутизе бакI гьес гьарараб Эквадоралъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго гьесул гIарзаялда бан хIукму чанго анкьалдасан гурони къабул гьабун бажаруларин. Гьез гьединго Вашингтоналда гьарана Сноуден нахъе тIалаб гьавиялъе ругел гIиллаби хъван ритIеянги. Гьеб киналдаго бан хIалуцунел руго Россиялъулгун Америкаялъул гьоркьорлъаби. Талат къоялда Вашингтоналъ Москваялдаса тIалаб гьабуна хех гьабун Сноуден нахъе кьезе.

Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна гьев чияс Россиялъул гIорхъи бахинчIин ва Америкаялъулгун Россиялъул гьечIин щив вукIаниги нахъе кьеялда хурхараб къотIи-къайин.