Америкагун Афгъанистан хIадурал руго тIалибалгун диалогалде

Америкаялъул ва Афгъанистаналъул президентал Барак Обама ва ХIамид Карзай, Чикаго, 20Maй2012

Америкаялъул ва Афгъанистаналъул президентал Барак Обама ва ХIамид Карзай хIадурал руго тIалибалгун гьоркьорлъаби лъикIлъизариялъул процесс халат бахъинабизе.
КIиявго лидер гьединаб хIукмуялде вачIана видеобухьеналдасан букIараб гарачIвариялда. Гьебги Кабулалда президентасул кIалгIаялъе гьужум гьабун чанго сагIат гурони инчIеб ва гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIалибаз тIаде босараб мехалда. Гьелъул хIасилалда чIван вукIана мина цIунун букIарав лъавго полициявги тIадекIанцIи гьабурав ункъавго чиги.
Афгъанистаналда зулмуялъе ахир лъезе бищунго эфект цIикIкIараб къагIида бугин радикалиял исламисталгун контактал чIезариян рикIкIунеб буго Обамагун Карзайица.
КIиявго лидер гьединго разилъана тIалибалгун диалог рагьун гьабизе ккезе букIиналдаги, гьебги Катаралда бугеб гьезул офисалъуб.
Цебе Карзайица загьир гьабулеб букIана гьеб вакиллъиялъ Афгъанистаналда жидеца нухмалъи гьабулеб букIараб мехалда гьезул букIараб байрахъги цоги символикаги хIалтIизабулеб букIиналда жиндирго разилъи гьечIолъи.