Москваялда «За права человека» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъул офисалда цеве ккун вукΙана гьеб гΙуцΙиялъул рахъ ккун пикет гΙуцΙизе хΙалбихьарав щуго активист. Хадур гьел риччан руго. Гьеб гΙуцΙиялъул вакильзабаз хΙалбихьун буго жидерго буголъи нахъе бсизе офисалде жанире ине. Амма хасаб хъаравуллъиялъул хΙалтΙухъабазе гьел гьенире риччан гьечΙо.
Шамат къоялъул сардикь шагьаралъул нухмалъиялъ тΙобитΙун буго «За права человека» ижараялъе босараб минаялдаса нахъе къотΙиялъул операция. Гьелъ гьеб ккун букΙун буго 15 соналъ. ХΙал гьабун офис бахъиялъе багьаналъун рехсолеб буго ижараялъул болжал лъугΙун букΙин.
Жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна, гьеб операция хасаб хъуравуллъиялъул гΙуцΙиялъ гьабунин. Амма нугΙзабаз абулеб буго гьеб операциялда полициялъул хасаб къокъа гΙахьаллъанин. Зарал ккун буго «За права человека» гΙуцΙиялъул нухмалъулев Лев Пономаревасе ва «Яблоко» партиялъул лидер Сергей Митрохиние.