Афгъанистаналда чΙван вуго 18 талибав

Шамат къоялда Афгъанистаналъул Кундуз провинциялда улкаялъул хΙинкъигьечΙолъиялъул къуватаз чΙван вуго 18 талибав. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулаго, бакΙалъулаб нухмалъиялъ абулеб буго, лъугьа-бахъин кканин контролалъул пункталде тΙаде талибал кΙанцΙун хадубин. Тунка-гΙуси унеб мехалда хун вуго цо полициялъулав.