«Сириялъул гьалмагъзабузул группа» данделъана Дохаялда

«Сириялъул гьалмагъзабузул группаялъул» улкабазул къватΙисел ишазул министраз рахъ ккуна президент Башар Асадил режималде данде чΙарал сириялъул оппозициялъулазе рагъулаб кумек гьабиялъул. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна шамат къоялда Катаралъул Дохаялда тΙобитΙараб гьеб группаялъул данделъиялда.

Форумалда гΙахьаллъарал Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, гьеб гали къвариг1араб бугин улкаялда бугеб дисбалансалъе ахир лъеялъул мурадалъейин. Гьес лъазабуна Вашингтоналъ цебе гΙадинго рахъ кколеб бугин ракълилаб къагΙидаялда ахΙвал-хΙал рукΙалиде бачиналъул ва Женеваялда гьеб мурадгун халкъазда гьоркьосеб конференция тΙобитΙиялъул.

Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул хΙисабалда, Сириялда конфликт байбихьаралдаса, 2011 соналъул марталдаса, улкаялда хун вуго 90 азаргоялдасанги цикΙкΙун чи.