"За права человека" гуцΙиялде тΙадецуй гьабулеб буго

«За права человека» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъул офисалде рачΙун рукΙана пачалихъиял хъулухъчагΙи, полиция ва НТВ телеканалул журналистал. Офисалде жанибе унеб нуцΙа къан, гьез инсанасул ихтиярал цΙунулездаса тΙалаб гьабун буго нахъ тΙамичΙого ижараялъе босулеб офисалдаса нахъе ин.

«За права человека» гΙуцΙиялъ лъугьа-бахъунеб рикΙкΙунеб буго къуват хΙалтΙизабиялъул гьужумлъун.