Пачалихъияб Думаялъул спикер Сергей Нарышкиница рузман къоялда лъазабуна, депутатаз хΙукму къабул гьабизе бугин экономикияб амнистиялъулин.
Цебе россиялъул президент Владимир Путиница Пачалихъияб Дума ахΙун букΙана экономикияб амнистиялъул хΙукмуялъул проект риидалил каникулазде гьоркьоб лъеялде. Гьелъул хΙакъалъулъ гьес лъазабуна Петербургалъул экономикияб форумалда цеве вахъунаго.
Путиница лъазабуна, амнистия хъвазе кколарин пачалихъалде, чиясде данде кΙвар кΙудияб такъсир гьабурал гΙадамаздайин. Гьесул рагΙабазда, амнистия хурахараб букΙине буго бизнесалъул сфераялда такъсирал гьарун, тΙоцебесеб нухалда тамихΙалде гъоркье ккарал гΙадамазда.
Пачалихъияб Думаялъул ихдалилаб ахирисеб сессия букΙине ккола 5 июлалда.