Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъ 2001 соналда хIукму гьабун букIана 20 июнь ТIолго дунялалъул тIурун чIаразул къолъун лъазабизе.
ГIемерал соназда жанир батIи-батIиял улкабаз тIурун чIаразул тIалаб-агъаз гьабулеб букIана жидерго къоял чIезарун. Гьездаса бищун цIар араб къолъун букIана Африкаялъул тIурун чIаразулилан абураб къо.
2002 соналда Африкаялъул Цолъиялъул ГIуцIи разилъана гьеб къо тIолго дунялалъул къо хIисабалда кIодо гьабизе
Къоабилеб гIасруялъул бащалъуда 1 250 000 чиясе хIажатаб букIана халкъаздагьоркьосеб гуманитарияб кумек. Гьездаса 350 азарго чияс доб мехалда гIумру гьабулаан Европаялда.
Дунялалъул КIиабилеб Рагъдаса нахъе гьел гIадамал захIматаб хIалалда рукIана. Жакъайин абуни батIи-батIиял баяназда рекъон цохIо Шималияб Кавказалдаса лъутун Европаялде рачарал гIадамазул къадар 200 азаргоялде бахунеб буго.
Гьадин лъазабулеб буго гуманитариял гIуцIабазги инсанасул ихтиярал цIунулезги. Аслияб къагIидаялда гьел гIадамал Европаялдеги дунялалъул цогидал бакIаздеги гочана ватIаналда рагъ багъарун хадусала.
Руго цойги гIилла: масала гIемерал кавказиял къватIирехун гочунел руго гIагараб ракьалда полициялъ гьабулеб зулмуялъукьа рорчIи мурадалда. Руго къануналде данде кколареб къагIидаялда рачIунел ва чияр улкабазда такъсирал гьарулелги. Гьадин лъазабулеб буго цо-цо улкабазул гIадлу-низам цIунулез.
Мисалалъе дагьалъ цебе Чачан республикаялъул хIукуматалъул вакил ХIажимурадов ГIисагун Даниялда букIараб данделъиялда гьеб улкаялъул юстициялъул министерлъиялъул секретарь хисулев Хенрик Анкерштерница абуна, гъоркьиса Лъидаго РачIел Улкабазул Цолъиялъул территорияздаса рачIарал гIадамазул 97 проценталъе изну кьечIо Даниялъул миграционияб хъулухъалъ гьениб чIей гьабизе. Гьезда гъорлъ Шималияб Кавказалдаса гIемерал гIадамлги рукIанин.
Чачан Республикаялъул официалияб вакиласул рагIабазда рекъон жал тIурун чIарал ругин абун тIолго Шималияб Кавказалдаса Европаялде реккерулел руго батIи-батIиял гIадамал ва гьез бицунеб щинаб хIакъикъаталде данде кколеб гьечIин.
Абизе ккараб буго гьеб данделъи байбихьизегIан хабар баккана хасго Даниялда балъгояб жанахI, ай коридор рагьун бугин Шималияб Кавказалдаса Европаялде рачIине рокьулезе. «Евроцолъиялъул киналго улкабазул рахIат хвезабун букIанин гьеб информациялъ, амма цIех-рех гьабун хадусала абизе бегьула гьединаб коридор гьечIо», - ян абуна Хенрик Анкерштерница.
ТIолго дунялалъул тIурун чIаразул къоялъул аслияб маурадлъун ккола гьединал гIадамазе халкъаздагьоркьосеб квер бакъи гьаби, гьел цIуни.
1951 соналда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул тIадегIанав комиссаралъул идараялъ къабул гьабураб «ТIурун чIаразул статусалъул хIакъалъулъилан» абураб конвенциялда гъоркь гъулбасал лъуна 140 улкаялъул тIадтараз. Гьезда гъорлъ – Россияги.