ТΙолабго дунялалъул лъутизе ккаразул къо

Туркия. Низипе, лъутизе ккаразул мархьи. 25 сон барай Иман, гьелъул кΙиго сон барав вас АхΙмад ва сон барай яс ГΙайша. Гьел лъутизе ккун руго Алеппоялдаса щуго гΙагарав чи хун хадуб. Гьезул рукъ биххизабун буго. Гьелъул йохарай йиго рукъусан къургΙан босизе щвеялда. Гьелъ абулеб буго, жиндир гΙумруялда дин кколиб кΙвар кΙудияб рахъин ва гьелъ жиндие жий цΙунун йикΙиналъул божилъи кьолин.

ГΙиракъалъул Курдистан. Жидерго бакΙал тун лъутΙизе ккаразул Домиз абураб мархьи. 37 сон барав ГΙумар Дамаскалдаса нахъе ун вуго мадугьал ва гьесул кΙиго вас къаси чΙван ватун хадуб. Радал гьес рукъуб букΙараб гΙарцил аслияб бутΙаги хвезабун, ккун буго машина ва кΙиго васги лъадиги ячун нахъе ун вуго гьениса. Бищунго ракΙалъе гΙолин жинца цадахъ бузук  босун букΙинин. Гьелъул гьаркьица ракΙалда щвезабулин ватΙанин. Гьелъ дагьалъгΙаги жиндир ракΙ гΙодобе биччазабулин, абулеб буго гьес.

ГΙиракъалъул Курдистан. Жидерго бакΙал тун лъутΙизе ккаразул Домиз абураб мархьи. 24 сон барай инвалид Алия жиндирго хъизангун лъутизе ккун йиго Дераа шагьаралдаса. Гьелъ абулеб буго, жиндие щвечΙила щибниги цадахъ босизе. Аммайин жиндир ракΙ бохараб бугин, жиндир хъизан чΙаго хутΙиялдасайин ва гьеб гьанже хΙинкъигьечеб бакΙалда букΙиналдасайин.

90 сон барай Сальма лъутизе ккун йиго сардикь Камишли шагьаралдаса, гьелда сверухъ рукΙарал рукъзал риххизарун хадуб. Гьелда цадахъ ун руго жидерго хъизаналгун  лъабго васги. Сальмаца абулеб буго, жинца цадахъ босанин жиндие 10 сон букΙараб мехалда эбелалъ кьураб баргъичин. Гьелъ абулеб буго гьеб хирияб баргъич кколин, амма гьеб эбелалъ кьураб букΙиналъ ракΙ хинлъизабулин. ГΙицΙго гьеб бугин жиндир цого-цо хутΙараб жойин.

37 сон барав тохтур Валид хΙалтΙулев вуго гьанже ГΙиракъалъул Курдистаналда бугеб  «ГΙорхъаби лъаларел тохтурзаби» абураб гΙуцΙиялъул клиникаялда. Сириялдаса Валид нахъе ине ккун вуго лъадигун ва гьанже-гьанже гьавурав васгун 2012 соналда. Гьес цадахъ босун буго  жиндирго лъадиялъул сурат. Гьес абулеб буго лъади цадахъ йигониги, дие гьеб сурат хирияб буго. Гьеб гьелъ дие кьун букΙанин ригьин гьабилелдего жал дандчΙвалеб заманалъгойин. Гьелъ дида ракΙалде щвезабулин жиндир талихΙалъул заманин.

May, 8, arrived in Domiz, Iraq, after fleeing Damascus with her family. She has had recurring nightmares in which her father is violently killed. She is now attending school, and says she finally feels safe. May hopes to be a photographer when she grows up. The most important thing she was able to bring with her when she left home is the set of bracelets she wears in this photograph.

Дамаскалдаса ГΙабдул жиндирго хъизангун  лъутана Ливаналде лъади лъукъун хадуб. Сириялдаса цадахъ босизе щвараб бищунго хирияб жо гьесие кколеб рагΙула рукъалъул кΙулал. Гьесул бищунго кΙудияб анищ ккола гьел кулаца рагьизе бегьулеб къагΙидаялда , бихичΙого рукъ хутΙун букΙиналъул.

20 сон барай Тамара Туркиялда бугеб Адияман абураб мархьиялде ячΙун йиго Идлиб шагьаралдаса. Гьелъул минаялъул бащалъи биххизабун буго. Гьелъ абулеб буго жидеца сириялъул рахъалда бахъанин 40 къойин. Гьениб гΙолеб букΙинчΙин лъин гигиеналъул тΙалабал тΙуразаризейин. Гьелъие гΙоло жий унтанин. Гьей йохун йиго цадахъ диплом босун букΙиналдаса. Гьелъ абулеб буго дипломалъ  жиндие рес кьезе бугин Туркиялда цΙали халат бахъинабизеян.

82 сон барав Айман ва 67 сон барай гьесул лъади Ясмин Туркиялда бугеб Низипе мархьиялде ячΙун йиго Алеппо шагьаралда аскΙобехун бугеб росулъа. Гьениса нахъе иналъул хΙукму гьез гьабун буго, 70 сон барав гьезул мадугьал ва вехьлъун вук1арав гьесул вас вахΙшияб къагΙидаялда чΙван ватун хадуб. Гьезул бакΙалда риххизарун руго гΙемер минаби, талавур гьарун руго гΙемерисел рукъзабазул.  Айманица абулеб буго бищун жиндир ракΙ хинлъизабулеб жо кколин жинца цадахъ лъади ячун йикΙинин. Гьей кколила жиндир гΙумурялда бищунго лъикΙай чΙужугΙаданин.