Мисиралъ Сириягун дипломатикиял бухьенал гьоркьоса къотIана

Мисиралъул президент МухIамад Мурсица лъазабуна Сириягун дипломатикиял бухьенал Каиралъ гьоркьоса къотIулел ругин, Димишкъиялдаса жиндирго илчи нахъе ахIун ва Каиралда Сириялъул вакиллъи къан.

Шамат къоялъ Мисиралъул тахшагьаралда суннитазул рухIаниязда цеве вахъарав Мурсица радикалиял шиитазул ХIизбуллагьгIуцIиялъул рагъухъаназдаса тIалаб гьабуна Сирия тун, къватIирехун аян абун.