Белоруссиялъул диваналъ цойги чи чIвазе хIукму гьабун буго


Белоруссиялъул Гомель шагьаралъул диваналъ бакIалъулав чи чIвазе къотIи гьабун буго. Гьев гIайибиявлъун рикIкIун вуго гъоркьиса сентябрь моцIалда цо студент-яс чIваялда бан.

Нусго нухалъ ясалъе нус кьабарав гьев чи жинде гIунтIизабураб гIайибалъе мукIурлъана.

ГIаммаб къадаралда 2013 соналдаса нахъе Белоруссиялъул махIкамабаз лъабго чи чIвазе хIукмаби гьарун рукIана.

Белоруссия ккола Европаялда цохIого цо улка гьадинаб жаза гьабулеб.

Евроцолъиялъ Минскалде цо гуреб нухалъ ахIи балеб букIана инсан чIвазе гьабулеб диваналъул къотIи нахъе бахъеян.