Эрдогъаница ультиматум лъазабуна

Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъаница Истанбулалда бугеб Таксим абулеб майданалда ракIкIараразде ультиммативияб телевизионияб хитIаб гьабун буго.

Гьес абуна полиция хIехьезе гьечIин Таксималда аскоб бугеб Гези абулеб ахикь бараб чадиразул мархьи. Премьер-министрас гьел гIадамазе цо сордо-къо кьун буго Гези тун къватIирехун ине.

ХIукуматалдде данде демонстрациял гьенир байбихьана кIиго анклъалъ цере.

Эрдогьаница абуна гьел гIуцIун ругин Туркиялъул къадру хвезаби ва гьелъул экономикаялъе зарал гьаби мурадалдаилан.