Политикайищ, байрамищ?

Россия - Миллияб байрам-къоялъ Москваялда букIараб оппозициялъул маршалде данде чIараб полиция. 12Июн2013

Роххизеги, байрамал гьаризеги гIадаб асар гьечIо гIадамазулъ, гьединлъидалин гьел байрамкъоялги кIодо гьаруларел гьез.
12 июналда Россиялда кIодо гьабулеб байрамалда бан гьединаб жаваб кьуна Эркенлъи Радиоялъ гьикъа-бакъи гьабурал махIачхъалаялъулазул гIемерисез.

Гьеб байрамалъ асар гьабизе бегьула гьелдасан хайир щолел гIадамазе, масала, байрамалъе биччараб гIарцудаса давла щолел хIакимзабазе. Гурони халкъалъулгун гьеб байрамалъул кинабгIаги бухьен гьечIо. Гьединги тIаде жубана гьикъа-бакъи гьабураз.

Разият НурмухIамадова, (Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан): «Дидаги дида сверухъ ругездаги щиб байрамалгицин лъаларо гьеб. Дида бичIчIулареб къо буго гьеб, тIокIабги щибин гьелде абилеб?»

ГIадатиял гIадамазул цIикIкIарасезда лъалеб гьечIоан 12 июнь гIодобкъолъун лъазабиялъе гIиллаги. Гьелъул магIна ккола 1990 соналъул 12 июналда Россиялда пачалихъияб суверенитеталъул декларация къабул гьаби.

Байрам хIисабалда гьеб кIодо гьабизе байбихьана гьелдаса ункъо сон ун хадуб. Москваялда гIумру гьабун вугев Дагъистаналдаса Чупалав Эльдаровас абуна гьеб бугин цебе СССР абураб хIукуматалда жидеца гIумру гьабулеб букIин гIадамазул гIакълу-лъаялдаса дагь-дагьккун лъугIизабиялъе гIоло ургъараб байрам.

Чупалав Эльдаров: «БатIияб магIна дида бихьулеб гьечIо. Жибго байрамкъойин абун, байрамалда хурхараб жоги щибниги гьабуларо гIадамаз. ГIицIго гIодоб къо гIадин къабул гьабула. Политика буго гьениб.

«Наши», «Молодая гвардия» гIадал багъа-бачарияз гьарула тадбирал. Амма гьебги тIасахун тIамун гьабулеб жо бугоха. Жидеего рекIее бокьун гьабизе таралани, гьеб кIодо гьабулев чи вукIинаанха азаргоясда гьоркьоса цо-кIиго чи».

Чупалас бицухъе, гьеб «Молодая гвардия» абулеб багъа-бачариялъул гIолилаз 12 июналда МахIачхъалаялъул аслияб майданалда бикьана Россиялъул байрахъалда гIадал кьералги ругеб азарго чалу.

Гьеб щвана жакъа щиб байрамин улкаялда кIодо гьабулеб бугебин жаваб кьуравщинав чиясе. Гьединго киналго байрамкъояз гIадин хIисабалде босун букIана Авартеатралдагун гIурус мугIалималъе лъураб монументалда цере кеп-ихтилат гьабизеги.

Нилъер киналго байрамал рукIунин гьеле гьедин цого коцонир чIван, тIаса-масаго гьарулелин бицана ЭР-ялъе журналист Саният Мансуровалъ. Кьурди-хъат гIелин кколеб бугила тIадругездаги, жибго байрамалъул магIнаялда гъорлъе раккизе лъиданиги ракIалде кколарила.

Саният Мансурова: «Лъиениги ургъел гьечIо халкъалда чIараб къоялъул. Лъиениги ургъел гьечIо метерисеб къоялъ щиб квешаб хабардай рагIилаян халккун чIараб халкъалъул. КигIан кIудияб ресалда ругелги туснахъалдаса цIунун хутIулел гьечIелъул гьанже.

Гьебгиха цин улкаялда рагIун шапакъаталги кьун, цинги сакъатлъиялъ вагъаризецин кIоларев чи вахIшиго туснахъалъуве рехулеб гIадат лъугьун буго. МахIачхъалаялъул мэрасулин бицунеб бугеб дица.

Дунни батIаго гьев эркенлъуда вугеб мехалда гьесул рахъалда йикIарай гIадан гуро, амма унтарав чи инжит гьавулеб мехалда гIодойиччан чIезе кIоларо дида. Гьединго гIемер руго дивангицин къотIичIого чи чIвалел хIужаби Дагъистаналдаги Чачаналдаги. Улкаялъул кверщел кодосезги тIири ургъел гьабулеб гьечIо гьелъул.

ТIадежоялъе цIакъаб жо гIадин цебеса-цебе бицунеб буго. Гьаб 12 июнь кколеб бугоха нилъ лъидаго, сундаго рачIолъиялъул байрам. Сунданиги ран гьечIоха нилъ. Нилъеда бараб жоги гьечIо.

Доле дагьалъ цебе Азербайжаналда берцин рихьизе Россиялъ гьелъие кьун ратана гурищ лезги миллаталъул ракьал! Гьелъул магIна щиб?! Азербайжан Россиялдаса къуватаб бугин, гьединлъидал гьанже нилъ гьезул кIалдире балагьун рукIине кколин абулеб жойищ гьеб?

Гьединал хIужабазда данде рахъунги жо ккколеб гьечIо гьанже Россиялда, щибниги хисулеб гьечIо. Халкъалъул пикру лъицаниги хIисабалде босулеб гьечIо».

Ахираб заманалда Россиялда лъазарурал байрамазул бицунаго, Саниятицаго гIадин, цогидазги кIвар буссинабула республикаялда инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIиналде. Абула гьелги аслияб куцалда хвезарулин кьун гIарацгун пачалихъалъ гьел цIунизе тарал низам цIунулезги диванханабазул хIалтIухъабазги.

Гьелда бан рехсезе бегьула гьадинаб хIужаги. Россиялъул къолъун лъазабураб 12 июналда Дагъистаналда кIуди-кIудиял шапакъатал щвана диванханабазул 50 –ниги хIалтIухъанасе.

Дагъистаниязул ихтиярал цIуниялъе гьез кутакаб хIалтIи гьабунин абуна шапакъатал кьолаго ТIадегIанаб Диваналъул нухмалъулес.