Генерал Данфорд: тIалибазулгун кIалъа-басаязул хIажалъи буго

Апгъанистаналда ругел халкъаздагьоркьосел къуватазул бетIер Америкалъул генерал Джозеф Данфордица Би-Би-Си агентлъиялъе интервью кьолаго абуна тIалибазулгун рукIинесел кIалъа-басаял – нахъе бахъине рес гьечIеб хIужа кколин.

Гьеб гуребги, тIаде жубана Данфордица, улкаялдаса НАТОялъул аскариял нахъе рачаралдасаги халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ Апгъанистаналъул аскарялъе кумек гьабизе кколин.

Гьединаб кумек гьабичIони гьенир раккарал демократиялъул цо-цо хIужаби камизе ругин хъващтIан.