Лондоналда экстремистазе къотIи гьабун буго

Лондоналъул диваналъ хIукму гьабун буго исламиял экстремистал цоял 18 цогидал 19 соналъ жанире тIамизе.

Гьезда чIвараб гIайиб – гъоркьисала Йоркшир абулеб бакIалда террористикиял тIаде кIанцIиял хIадур гьари.

ЧIухь балеб мехалда гьел экстремистазул рукъор ратун руго ярагъ матахIги, бомбабиги.