Афгъанистаналда чIван вуго НАТОялъул ункъго солдат

Афгъанистаналда шамат къоялда кIиго гьужумалда чIван вуго НАТОялъул ункъго солдат.
Гьеб улкаялда НАТОялъул къуватазул нухмалъиялъ лъазабуна лъабго солдат чIванин афгъаназул армиялъул ретIел ретIарав чияс Пактика провинциялдайин. ЧIварал киса рукIаралали лъазабулеб гьечIо.
Гьебго заманалда Фарах провинциялда чIван вуго Италиялдаса солдат, лъукъун вуго лъабгояв. Гьел тIадекIанцIиязул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.