Обамахъе загьруяб кагъат битlиялъул щаклъи буго актрисаялда

Америкаялъул Техас штаталдаса актриса ккун йиго полициялъ. Гьелда гlунтlизабулеб буго улкаялъул президет Барак Обамахъе ва Нью-Йоркалъул мэр Майкл Блумбергихъе хlинкъаби кьурал кагътал ритlиялъул гlайиб.
35 сон барай Шеннон Гесс Ричардсоница цин абун буго рицин абулеб загьру жаниб бугел кагътал жиндир росас ритlун рукlанин, хадуб абун буго гьел жинца ритlарал ругин, амма росасул тlадецуялдалъунин.
Ричардсонил гlайиб тlатани, рес буго гьелъие туснахъалъул 10 сон кьезе.
Обамахъе ва Блумбергихъе кагътал рачlун рукlун руго маялда ва гьел ритlиялъе гlиллалъун ккун букlун буго ярагъ гlадатиял гlадамазда босизе теялъул суалалъулъ гьезул позиция.
Гьанжеги лъимадуе йигей щуго лъимадул эбел Ричардсоница ролал хlалел рукlун руго сериалазда.