Россиялъ Европаялъе газ биччалебгIан мехалъ ритIухълъи букIинадай?

Страсбург. Инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналъул мина.

Европяалъул диваналъ 6 июнялда Россия гIайибияблъун рикIкIана Гъабардагун-Балкариялъул 50 сиясул ва чачаназул чIварав президент Аслан Масхадовасул гIага-божаразул ихтиярал хвезариялда бан. Амма рехсараб кIиябго рахъ гьеб хIукмуялда разияб гьечIо.
Европяалъул диваналъ 6 июнялда Россия гIайибияблъун рикIкIана Гъабардагун-Балкариялъул 50 чиясул ва чачаназул чIварав президент Аслан Масхадовасул гIага-божаразул ихтиярал хвезариялда бан. Амма рехсараб кIиябго рахъ гьеб хIукмуялда разияб гьечIо.

ГIарзаби хъварав гьев 50 чи ккола 2005 соналъул 13 октябралда Нальчик шагьаралде гьужум гьабурав ва ккараб кьалда хасал хъулухъчагIаз чIварав 55 яргъид гIуцIарасул гIага-божарал. Гьел чIван хадусала гIагараз тIадтараздаса тIалаб гьабун букIана жаназаби кьей.

2002 соналда Дубровкаялда бугеб Театралъул централда гIадамал гъоркьлъалие росун хадуб Россиялъул тIадтараз хасаб къанун къабул гьабун букIана кьалда чIварал террористазул жаназаби гIагаразе кьунгутIиялда ва гьел рукъарал бакIал лъазарунгутIиялда хурхараб.

Хасго гьеб къануналда рекъон гьел тIадехун рехсарал гIадамазул тIалаб тIубазабиялдаса инкар гьабун букIана Россиялъул хIакимзабаз. Гьаб хIукмуялъе квер бакъи гьабуна 2007 соналда Россиялъул Конституционияб диваналъги.

Гьелдаса нахъе Гъабардагун-Балкариялда чIваразул гIагараз гIарз битIун букIана инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналде ва гьарана жидер хъизамазул ихтиярал цIунизе кумек гьабеян абун.

Европаялъул диваналъ доб гIарз гIадахъ босун лъазабуна, Россиялъ терроризмалде данде гьарулел цо-цо тадбирал ритIухъал рукIаниги, чIварал террористазул гIагаразул ихтиярал хвезарун ругин абун.

Гьел гIадатиял гIадамазул ихтиярал миллияб даражаялда рихьизарулел рукIана Нальчикалдаса адвокат Лариса Дороговалъ. 6 июнялда Европаялъул диваналъ гьабураб хIукмуялда гьейги гIарз хъваралги разилъичIо. Гьелда бан Лариса Дороговалъ гьадинаб баян гьабуна Эркенлъи радиоялъе:

Лариса Дорогова: «Ниж цоги хIукму букIинин ккун букIана нижеда. Ниж бергьана кIиго бутIаялда рекъон. Амма нижер киналго мурадал тIурачIо. Россиялъ Европаялъе газ биччалебгIан мехалъ ритIухълъи букIине гьечIо. Улбузе абуни цогидаб жаваб бокьилаан».

Европаялъул диваналде гIарз битIаразул цояйлъун ккола Нальчик шагьаралдаса Набитова Римма. Гьелъул кIиго вас Азамат ва Жамбулат чIван руго 2005 соналъул 13 октябрялда Нальчикалда букIараб кьалда. Гьелъ гьадин бичIчIизабулеб буго жиндирго разилъи гьечIолъи.

Набитова Римма: ««Нижер вакил Анастасия Кушлейкоца Нальчикалде ячIун Европаялъул Диваналъул хIукму лъазабуна нижеда. Гьеб жавабалъухъ ниж ралагьун чIун рукIана 8 соналъ. Амма кIиго бутIаялда хурхараб гурони хIукму къабул гьабун гьечIо. Гьенибги мухIканго абулеб гьечIо Россиялъ щиб гьабизе кколебали.

Масала Диваналъ Россиялда тIадаблъун гьабичIо жаназаби гIага-божаразухъе кьей ялъуни чIварал васал кир рукъаралали бицине. Щайха лъабго моцIалдаса цIидасан дица гIарз гьабизе кколеб ва Россиялдаса гьеб хIукму тIубазаби тIалаб гьабизе кколеб?

Гьал сундул ихтиярал цIунулел къанунал? Нижер цимм бахъун буго гьелда».

Европаялъул Диваналъ гьединго гIадахъ босун буго 2005 соналъул 8 марталда Чачан республикаялъул Толстой-юрт росулъ чIварав чачаназул президент Аслан Масхадовасул гIагаразул гIарзги. Гьесул жаназа гьанжелъагIан кьун гьечIо гIагаразе ва гьеб бугин хъизаналъул ихтиярал хвезари, ян хIукму гьабун буго диваналъ.

Нижер радиоялъе гьадинаб баян гьабуна Лондоналда бугеб инсанасул ихтиярал цIунулеб Interights абулеб централъул бетIер Джон Вадгьамица.

Джон Вадгьам: «Инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналъ хIукму гьабун буго гьесул гьесул чIваялъул цIех-рехалъул хIасилалда разилъизе, гьеб гIураблъун ва лъидаго бачIеблъун рикIкIун.

Нижехъе щвараб информациялда рекъон Россиялъул тIадтаразул кинабгIаги бухьен гьечIо гьев Масхадов чIваялда. Амма нижер хIисабалда тIадтараз Масхадовасул гIага-божаразул ихтиярал хвезарулел руго жаназе кьеялдаса инкар гьабулаго».

Нальчикалдаса гIадамалго гIадин Европаялъул Диваналъул хIукмуялде разияб гьечIо Аслан Масхадовасул вас Анзорги.

Анзор Масхадов: «Гьеб иш байбихьаралдаса микьго сон ана. КIудияб хIалтIи гьабуна нижеца. Ва нижеца гьеб хIалтIи нахъеги халат бахъине буго. Нижеда гIурусал лъала ва нижеда лъала гьез жаназа нахъе кьезе гьечIелъул.

Аза-азар чиясул жаназаби гьез кьолел гьечIо гIагаразе. Дида тIокIаб щибниги абизе кIоларо гьабсагIат адвокатазулгун суал дандбачIого ва гьез кьолеб гIакълуялъухъ гIинтIамичIого. Хадусел ищазул план ургъизе ккола цебе».

Террористаллъун рикIкIун чIварал гIадамазул жаназаби кьунгутIиялъул къанун ритIухъабищ-гьечIищилан абураб суалалъе жаваб рагIизегьан бокьилаан лъазе – хасго лъица Аслан Масхадов чIваравали, гьев террористлъун рикIкIун? Джон Вадгьамица баян гьабулеб буго:

Джон Вадгьам: «Инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналъул хIисабалда Россиялъул тIадтаразул кинабгIаги хурхен гьечIо Аслан Масхадов чIваялда, щай гурелъул гьелда бан далилал ратун гьечIелъул».