Сириялъул яргъидгIуцIараб оппозициялъ «ХIизбуллагь» абулеб шигIитазул гIуцIиялде данде фронт рагьун буго Ливаналъул территориялда.
«Аль-Маядин» телеканалалъул баяналда рекъон 5-билеб маялъул сардилъ анцI-анцI ракета биччан буго Бекаа абулеб жаниблъиялда бугеб Баальбек шагьаралде. Гьелъул хIасилалда Ливалда лъабго чи лъукъун вуго.
Сириялъул Эркенаб Армиялъул вакилзабаз арбагI къоялъ лъазабуна «ХIизбуллагь» гIуцIиялде данде унго-унгояб рагъ багъарун бугин жидеца Ливаналъул территориялда.
Гьединаб хIукму гьабун бугин шигIитазул рехсараб гIуцIиялъ президент Башар Асадил низамалде кумек гьаби мурадалда Сириялда унеб бугеб конфликталде гъорлъе жубан букIиналъухъ.
АрбагI къоялъ Бейруталъул рагIаллъиялда ругел авалазда гIадамаз рохалилаб салют гьабуна Эль-Кусейра шагьар хварас гьабун бугин рагIун.
Ливаналъул тахшагьаралда шулалъизарун руго хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал, рукIине рес бугел террористикиял гьужумал цереккунго нахъ чIвазелъун. Киса-кирго тIад чIезарун руго балагьутIа-бакIал, аскIоса унел ругел гIадамаздаса документал тIалаб гьабулеб буго хъаравулчагIаз.
БакIалъулаб прессалъ лъазабухъе партизанлъиялъул къагIидаялда рагъ бачине ругьунлъарал шигIитаз кIудияб хIаракат бахъанин Башар Асадил низамалде данде чIолеб оппозициялъул буржлъун рикIкIунеб Эль-Кусейра шагьар бахъине.
«ХIезбуллагь» гIуцIиялъул вакилзабаз дурус гьабуна багъарараб кьалда жидерго цо чанго рагъухъан чIван ва лъукъун вугин.
Гьеб хIужаялъул хIакъалъулъ официалияб къагIидаялъ лъазабуна Сириялъул тIадтаразги, лъабго анкьида жаниб халат бахъараб къеркьеялъул хIасилалда «ХIизбуллагь» гIуцIиялъулгун цадахъ рехсараб шагьар хвасар гьабун бугин абун.
Халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъул рахIат хвезабун буго Сириялда унеб бугеб конфликт гьанжеялдаса Ливаналъул территориялдеги бачине рес букIиналъ.
Франциялъул Греммо абулеб шагьаралда бугеб ЦIех-Рех гьабулеб централъул бетIер Фабрис Белоншица абулеб буго гьадин:
Фабрис Белонш: «Сириялда багъарараб питнаялъулъ «ХIезбуллагь гIуцIи гучаб къагIидаялъ жубан буго. Щай гурелъул Эль-Кусейралда Сириялъул оппозициялъул рахъ ккун гIемерал ливаниял-суннитал ругелъул. Гьелдалъун абизе бегьула гьеб шагьаралда унеб рагъ Ливаналдаги хурхараб рагъ бугин.
Ва гьеб рагъ Ливаналъул гуреб ракьалда багъарун бугониги, гьениб цо ливаниял цогидал ливаниязде данде чIун руго».
Эль-Кусейра шагьар Ливаналъулгун Сириялъул гIурхъидаса 10 километралъул манзилалда буго, ян ракIалде швезабун, Фабрис Белоншица пикру гьабулеб буго Ливаналъул шигIитазда ва суннитазда гьоркьоб бугеб питна ахиралде шун гьечIин, Эль-Кусейра шагьар бахъун бугониги.
ХIилал ХIашан ккола Бейруталда бугеб Америкалъул политологиялъулаб университеталъул профессор. Гьес абулеб буго Ливаналъул шималияб рахъалдаса рачIарал салафиязул яргъид гIуцIараз «ХIизбуллагьалде» данде рагъ бачунеб бугин жибго Ливаналда жидерго асар цIикIкIинаби мурадалда.
ХIилал ХIашан: «Сириялда рагъ бачунев аза-азар Ливаналъул суннит вуго Ливаналъул шималияб рахъалдаса гьениве вачIарав. «ХIизбуллагь» гIуцIиялъул бетIер ХIасан Насруллагьица дагьалъ цебе абуна гьадин: рачIезин Ливаналда питна багъаризабичIого, Сириялда рагъдезе».
Ливаналда рагъ халат бахъинабизе кIиябго рехсараб рахъалъе бокьун буго ян абизе кьучI гьечIин тIаде жубана ХIашаница. Халкъ сваканин 1975 соналдаса байбихьун 1990 соназде щвезагIан гьениб букIараб гражданияб рагъдаса.
Аммаила, гьадин бугониги Ливаналъул суннитазда ва шиитазда гьоркьоб Сириялда байбихьараб дандечIеялъ цIидахъан кьолеб бугин гьединаб хIинкъи.
Сириялда унеб бугеб конфликталде гъорлъе жидеца жубанин Аль-КъагIидагун бухьенал ругел Аль-Нусраялъул Фронт гIадинал цо-цо экстремистикиял къукъабаздаса жибго Ливан цIуни марадалда, ян лъазабуна ХIезбуллагь гIуцIиялъул бутIруз. Ва тIаде жубана, жал хIадурал ругин Сириялда рагъдезе хIажалъи кканагIан.
Жиндир иргаялда суннитазул рухIанияз абулеб буго ХIизбуллагь гIуцIиялъ гIамал гьабулеб бугин суннитал гIемераб къадаралда тIагIинаризе.
ЦIар арав рухIанияв ва кIудияв гIалим Юсеф аль- Кардавица араб шамат къоялъ жигьадалде ахIи бана суннитал чIвараб ва чIвалеб Башар Асадил низамалъде данде жигьад бачиналде. Рес бугел Сириялде аян абуна гьес.