Страсбургалъ чIезабун буго Россиялъ терроризмаялда щаклъи бугезул жаназаби рукъизе кьезе кколин

Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европаялъул диванахана

Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европаялъул диванаханаялъ чIезабун буго терроризмаялда гIахьаллъи букIиналда щаклъи бугезул жаназаби рукъизе гIагаразухъе кьунгутIиялдалъун Россиялъ инсанасул ихтиярал хвезарулел ругин.
Страсбургалъул диваналъул хIукмуялда рекъон, гьедин Россиялъ хвезабулеб буго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европаялъул конвенциялъул кIиго бутIа. Гьел ккола хасаб ва хъизамалъул гIумруялда ва дин гьабиялъул эркенлъиялда хурхарал бутIаби.
Гьеб диваналде гIарза кьун букIана 2005 соналда Нальчикалде гьабураб гьужумалда гIахьаллъарав 55 чиясул гIагарлъиялъ ва Ичкериялъул президентлъун вукIарав Масхадов Асланил хъизамалъ.
Гьезул жаназаби нахъе кьун рукIинчIо ва гьел рукъараб бакI бицун букIинчIо Россиялъ жиндирго антитеррористияб къануналда мугъчIвайги гьабун.