Сириялда хIукуматалъул аскараз контроль босун буго Эль-Къусайр шагьаралда тIад. Ливаналъулгун гIорхъода бугеб гьеб рикIкIунаан Сириялъул оппозициялъул центрлъун.
Гьеб шагьар босизелъун рагъал унел рукIана лъабго анкьалъ.
Пачалихъияб телевидениялъ лъазабухъе, чIван руго гIемерал «террористал» руго гIемерал кквезе щваралги.
Сириялда президент Башар Асадил режималде данде къеркьолеб оппозициялда официалиял информалатаз «террористал» абула.
Ливаналдаса «Гьезболлагь» къукъаялъул кумекалдалъун Эль-Къусайралда тIад контроль аскарияз босиялъе мукIурлъулеб буго Сириялъул оппозицияги.
Маялда «Гьезболлагьалъ» лъазабун букIана гьелъул чагIи Сириялъул армиялъул рахъалда рагъулел ругин.