Гуржиялда бугеб Лопота абулеб кIкIалахъ ккаралъул хIакъалъулъ нижеца чанги баян гьабуна цебе. Гьале Чачаназул Ичкерияин абулеб республикаялъул хасаб комиссиялъ къватIибе биччана хасаб доклад. Гьениб мухIканаб бицен унеб буго 2012 соналъул 29 августалда лъугьа-бахъаралъул хIакъалъулъ.
Къокъ гьабун ракIалде швезабизин доб хIужа. 2012 соналъул 29 августалда официалияб къагIидаялда лъазабун букIана Гуржистаналъулгун Россиялъул гIурхъида бугеб Дагъистаналъул ракьалда аскIоб тIатинабун бугин къануналде данде кколареб къагIидаялда яргъид гIуцIаразул къукъа.
Гьел къеркьохъанал Гуржистаналде Дагъистаналдаса рачIун рукIанин ва гьел киналго кколаанин чачан миллаталъул чагIи.
Гьезда ва гуржиязул хасал хъулухъчагIазда гьоркьоб бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда 11 чачанав чIван вугин.
Чачаназул Ичкерия абураб республикаялъул хIукуматалъул иргадулаб гуреб данделъиялда гьоркьоб лъун букIараб гьеб суал дандбан, хIукму гьабун букIана хасаб комиссия гIуцIизе ккараб хIужаялъул мухIканаб цIех-рех гьаби мурадалда.
Комиссиялъул бетIерлъун тIамун вуго Ичкерия абулеб чачаназул республикаялъул къватIисел ишазул министрлъун лъазабурав ГIусман Ферзаули. Гьес гьадинаб баян гьабуна нижер программаялъе.
ГIусман Ферзаули: «Гьаб цIех-рех лъугIун хадуб, нижеца загьирабуна гьелъул хIасил.
Гуржистаналъул, Азербайджаналъул ва жибго Россиялъул Федерациялъул тIадтаразулги, Европаялъул Шураялъул, Европаялъул парламенталъул, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул тIадтаразулги цIакъ гIодобе биччараб, пассивияб хьвада-чIвадиялде балагьун, дие бокьилаан Чачаназул Ичкерия абулеб республикаялъул цIаралдасан гьадин абизе - нижер къисмат нижерго кодоб бугин.
Нижеца гьадинаб хитIаб гьабулеб буго Кавказалъул киналго халкъазде: Кавказ бикь-бикьун цо-цояз бакI-бакIалда асар гьабиялъул рахъ нижеца кколеб гьечIин.
Нилъеда нилъерго тарих кIочон танани букIинесебги букIинароан нилъер. Гьанжесеб заманалда жиб-жиб рахъалъ хIаракат бахъулеб буго жидеего пайдаял принципал цIунизе. Масала - чачаназ - гьадинал принципал, гъалгъаз - додинал, магIарулаз, гуржияз ва цогидаз - батIиял принципал.
Гьелда бан дие бокьун буго нужер ракI буссинабизе - гьединаб хIаракатчилъиялъул хIасил букIине гьечIин. Кавказ кидаго букIана цолъараб ва щулияб икълимлъун аза-азар соналда жаниб.
Жанисел питнабиги рукIинчIо гьенир. Нилъер конфликтал байбихьана империя Кавказалде бачIараб мехалда, жинда цадахъ жанаварлъиялъул гIадатал гьенире рачун.
Гьале гьел гIадатаз Кавказ бикьулеб буго жакъаги. Цоги нухалъ ахIи балеб буго дица - цолъе нужилан абун. Ва Кавказалъул проблемаби цадахъ рекъон тIуразаризе рачIезин».
Жибго докладалъул хIакъалъулъ абуни, гьелъул автораз хIисабалде росун рукIана чIваразул гIага-божараз бицараб, Лапанкури росдал гIадамазул баянал, аудио ва видеоматериалал, гьа бан цо-цо хIаракатчагIаз ва гъозул кумекчагIаз рихьизарурал далилал ва чIаго хутIаразул каламал.
Гьединго гIадахъ босун буго цо-цо Европаялъул улкабазул полициялъул хъулухъчагIазул информация. Гьеб хурхараб букIана рехсараб къукъа гIуцIарал жигарчагIазда.
Докладалъул ахиралда Чачаназул Ичкерия абулеб республикаялъул хасаб комиссиялъ зигара балеб буго чIваразул гIагарлъиялда.