Дагъистаналъул бетIерлъун заманалъ тIамурав Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна, СагIид Амиров кквей – гьеб бугин Дагъистаналде Путинил низам бачIин.
«Владимир Путин хIакимлъуде вачIаралдаса Россиялъул Федерациялда питнадул заман нахъе унеб буго. Амма Дагъистаналда гьеб хутIулеб буго гьанжелъагIан», - гьадин лъазабуна Рамазан ГIабдулатIиповас Интерфакс агентлъиялъе.
Цо-цо аналитиказ ва хIаракатчагIаз абулеб буго СагIид Амиров кквей ва гьев диваналде цIай гьеб бугин кIудияб кIвар бугеб цIияб ишара ва гьеб бугин живго Россиялъул президентаcул жигарилан. Россиялъул ЖамгIияб Палатаялъул вакил журналист Максим Шевченкол гьелда расги шаклъи ккун гьечIо.
Максим Шевченко: "Рамазан ХIажимурадовичасул кигIан кIудияб хIурмат дица гьабулеб бугониги, дида ккола гьадинаб ахирисеб хIукму гьабизе гьесда кIвелароан - СагIид Амиров кквеялъул хIукму. Гьеб суал гьевгун дандбанги букIун батила, амма ахирисеб къотIи бищун кIудияб даражаялда гьабун буго, шаклъи гьечIого.
Амиров кквеялъул операция ургъун, хIадур гьабун ва тIобитIун букIана федералиял хъулухъаз. СагIид Амиров гIицIго регионалияб тахшагьаралъул мэр гуро, гьев ккола Россиялда ругел асар цIикIкIарал политиказул цояв. Гьесул арест - гьеб буго хIатта Сердюковасул чукъаялда сверухъ багъарараб ишалдасацин жеги кIвар кIудияб хIужа.
Дов Сердюков гIадал пуланал пачалихъиял хъулухъчагIи хъулухъазда тIамула, хъулухъаздаса рехула.СагIид Амировасулийн абуни гьев лъицаниги тIамичIо хъулухъалде. Гьев Дагъистаналда жанив вижана политик хIисабалда цIакъго захIматал, бидулал 1990 соназда. Ва гьесие гIицIго Москваялдаса гуро квер бакъи гьабун букIараб, дораги бищун тIадегIанаб даражаялъул бухьенал рукIана гьесул, жибго Дагъистаналдаги.
Хасго МухIамадсалам МухIамадов Москваялде восун хадусала гьев гьенив хутIана даргиязул жамагIаталъул цевехъанлъун. Гьале жакъа хъулухъаздаса эркен гьавун вуго гьесул васги гIемерал гIага-божаралги.
Цогидал ккун руго низам цIунулез. Гьел киналго рукIана Дагъистаналъул хIакимлъуда ругел тIадегIанаб даражаялъул хъулухъчагIилъун. Гьединлъидал, дица ракI чIун абила гьеб операция Кремлалъул жигаралдалъун тIобитIанин».
Дагъистаналъул жамгIияв ва динияв хIаракатчи Къебедов ГIаббасилги гьадинабго пикру бугониги, гьесул хIисабалда нахъ чIвазе бегьуларо Рамазан ГIабдулатIиповасул рольги.
Цо-цо аналитиказ ва хIаракатчагIаз абулеб буго СагIид Амиров кквей ва гьев диваналде цIай гьеб бугин кIудияб кIвар бугеб цIияб ишара ва гьеб бугин живго Россиялъул президентаcул жигарилан. Россиялъул ЖамгIияб Палатаялъул вакил журналист Максим Шевченкол гьелда расги шаклъи ккун гьечIо.
Максим Шевченко: "Рамазан ХIажимурадовичасул кигIан кIудияб хIурмат дица гьабулеб бугониги, дида ккола гьадинаб ахирисеб хIукму гьабизе гьесда кIвелароан - СагIид Амиров кквеялъул хIукму. Гьеб суал гьевгун дандбанги букIун батила, амма ахирисеб къотIи бищун кIудияб даражаялда гьабун буго, шаклъи гьечIого.
Дов Сердюков гIадал пуланал пачалихъиял хъулухъчагIи хъулухъазда тIамула, хъулухъаздаса рехула.СагIид Амировасулийн абуни гьев лъицаниги тIамичIо хъулухъалде. Гьев Дагъистаналда жанив вижана политик хIисабалда цIакъго захIматал, бидулал 1990 соназда. Ва гьесие гIицIго Москваялдаса гуро квер бакъи гьабун букIараб, дораги бищун тIадегIанаб даражаялъул бухьенал рукIана гьесул, жибго Дагъистаналдаги.
Хасго МухIамадсалам МухIамадов Москваялде восун хадусала гьев гьенив хутIана даргиязул жамагIаталъул цевехъанлъун. Гьале жакъа хъулухъаздаса эркен гьавун вуго гьесул васги гIемерал гIага-божаралги.
Цогидал ккун руго низам цIунулез. Гьел киналго рукIана Дагъистаналъул хIакимлъуда ругел тIадегIанаб даражаялъул хъулухъчагIилъун. Гьединлъидал, дица ракI чIун абила гьеб операция Кремлалъул жигаралдалъун тIобитIанин».
Дагъистаналъул жамгIияв ва динияв хIаракатчи Къебедов ГIаббасилги гьадинабго пикру бугониги, гьесул хIисабалда нахъ чIвазе бегьуларо Рамазан ГIабдулатIиповасул рольги.
Your browser doesn’t support HTML5