Киргызстаналъул мухъалда лъазабун буго гΙорхъолъа борчΙараб ахΙвал-хΙал

Рузман къоялъул ахиралда Киргызстаналъул Иссык-Куль регионалъул Джеты-Огуз мухъалда лъазабун буго гΙорхъолъа борчΙараб ахΙвал-хΙал. Гьелда цебе бачΙараб лъазабиялда рекъон, гьениб щуго чиясе зарал ккун буго демонстрация унеб мехалда низам хвезабиялъул акталъул хΙассилалда.

Нижер мухбиразул лъазабиязда рекъон, полициялъ демонстрантал риха-хочинариялъе хΙалтΙизабун буго магΙу бачΙинабулеб газ. Акциялда гΙахьаллъун вуго лъабазаргогΙанав чи. Гьез тΙалаб гьабулеб буго президентасулгун ва премьер-министрасулгун дандчΙвай. Лъазабулеб буго анцΙ-анцΙ чи кквеялъул хΙакъалъулъ.

Джеты-Огуз мухъалда протесталъул акция байбихьун буго лъабго къоялъ цебе. Гьелъул гΙахьалчагΙаз нухмалъиялдаса тΙалаб гьабулеб буго Кумтор абураб месед бахъулеб бакΙалда Канадаялъул инвесторазулгун гьарурал къотΙи-къаязул денонсация лъазаби, экологиял нормаби тΙуразари ва социалиял бигьалъаби цΙикΙкΙинари.