С-300-язул тΙоцебесеб партия щвана Сириялде

Россиялъул С-300 абураб ракетабазул ситемабазул тΙоцебесеб партия щвезабун буго хамис къоялда Сириялде. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна улкаялъул президент Башар Асадица «Аль-Манар» абураб ливаналъул телеканалалъе. Гьесулго рагΙабазда, хадусеб партия бачΙине буго гΙагараб заманалда.

Москваялъ лъазабун букΙана, церего гъулбасарал контрактал рукΙиналъ, жинца инкар гьабизе гьечΙин Сириялъе гьеб тайпаялъул ракетабазул системаби ричиялдасайин. Россиялъул нухмалъиялъул пикруялда, гьеб галиялъ гьединго ресал къотΙизарулел руго къватΙисел къуватазе сириялъул конфликталде гъорлъе лъугьиналъе.

Россиялъул къватΙисел ишазул министр Сергей Лавровас хамис къоялда сириялъул оппозициялде гΙайиб гΙунтΙизабуна улкаялда конфликт рагΙалде бахъинабиялда хурхараб ракълилаб конференция биччангутΙиялъе хΙаракат бахъулеб букΙиналъул.

АрбагΙ къоялда Цолъарал штатаз ливаналъул шиитазул «Хезболла» гΙуцΙи ахΙана нахъ тΙамичΙого жиндирго рагъухъаби Сириялдаса нахъе рачиналде. Гьебго къоялда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Инсанасул ихтиярал цΙунулеб мажлисалъ квешаб къимат загьир гьабун букΙана Эль Кусайр шагьаралда оппозициялъул рахъ кколезде данде операция тΙобитΙулеб мехалда загьирлъараб армиялъ вахΙшияб хьвда-чΙвадиялъе.