Кин Россиялъул тIадтараз Интернет мутIигIлъизабулеб

Кремльгун дагIбаялда бугеб «В контакте» абураб Россиялда бищун цебетIураб социалияб сайт хIукуматалъ жубана жиндирго «ЧIегIераб сияхIалде» гъорлъе.
Vkontakte.ru абулеб социалияб интернет-сурсат араб анкьида хIукуматалъул чIегIераб сияхIалде гъорлъе босиялъ сайталъул администрация гIажаиблъизабуна.

Россиялда бищун цебетIураб ва цIар араб социалияб сайт гIицIго гьудулзаби дандчIвалеб виртуалияб бакI гуро, гьеб гьединго ккола оппозициялъул аслиял платформабазул цояблъун. Цоцаздаса рикIкIадго ругел гьелъул вакилзабаз гьенир дандчIвалел руго жидее кIвар цIикIкIарал суалал.

Телекоммуникациязул рахъалъан пачалихъияб идараялъ лъазабуна гьединаб хIукму гъалатIалдалъун гьабун бугин лъималазул порнография загьирабулел сайтал тIагIинарулеб мехалда.

КватIичIого Vkontakte.ru он-лайн режималде тIад буссун букIанин. Амма информалатазул рахъалъан эксперт Олег Козыревасул пикруялда гьеб ракIалдаго гьечIого ккараб иш букIинчIин.

Олег Козырев: «ГьабсагIат унеб бугеб ишалда дица абилаан - гьеб тарбия бугин. Гьеб бугин квешаб къагIидаялъ Росиялъул интернет жамгIияталъе тарбия кьей гIадаб иш. Ва гьеб гьабулеб буго жамгIият мутIиглъизаби мурадалда».

Козыревас ва цогидал интернет-хIаракатчагIаз цебеги абулаан лъималазул ихтиярал цIуни мурадалда гIуцIараб гьеб тIадехун рехсараб «ЧIегIераб сияхI» ризго хIалтIизабулеб бугин тIадтаразде данде чIолел сайтал къазелъун.

Цо-цо тохалчагIазул пикруялда Vkontakte.ru абулеб интернет сайталде данде цебеккунго ургъун гьабулеб хIалтIи унеб бугин.

Гьеб сайт 2006 соналда рагьана Санкт-Петербургалдаса 28 сон барав Павел Дуровас. Хадуб Facebook сайталъул бетIергьан Марк Цукерберггун къотIи-къай гьабун, кIиябго интернет сурсат цоцазда бухьана.

Гьелдалъун щибаб къоялъ 47 миллион чиясе рес щвана жидерго комментариял тезе гьенибги добаги бахъараб щибаб макъалаялда гъоркь.

2011 соналъул декабрь моцIалда Пачалихъияб Думаялде рищиял тIоритIун хадусала Кремлалде данде протестал рагъарун рукIана. ГIицIго къватIабахъ гуребги – жидерго разилъи гьечIолъи гIадамаз загьирабулеб букIана интернеталдаги.

Хасго дол къоязда ФСБ-ялъ тIалаб гьабуна Vkontakte абураб сайталда ругел оппозициониял къукъабазул аккаунтал къазе. Амма Павел Дуровас гьелдаса инкар гьабуна.

Хадуб ккана гьадинаб хIужа. Доб соналъул апрель моцIалда Дуровасде гIунтIизабун букIана авария гьабун, нухлул автоинспекциялъул автомобилалъе зарал гьабиялъул гIайиб.

16 апрелалда низам цIунулез чIухь бана Санкт-Петербургалда бугеб Vkontakte абулеб сайталъул офисалда. Жиндир автомобильги гьечIин абун, Дуров лъутун ана улкаялдаса къватIивехун ва гьанжелъагIан жамгIияталда гьев вихьулевги вихьуларо.

17 апрелалда Кремльгун щулиял бухьенал ругеб United Capital Partners (UCP) абулеб инвестиционияб компаниялъ бичун босана Vkontakte абулеб сайталъул акциязул 48 проценталъул пай.

Гьелда разилъичIев, амма данде къеркьезе рес къотIарав Дуровас 2011 соналда Интернеталда жиндирго сурат лъуна, гьел акциял ричун росаразе килищ бихьизабун.

United Capital Partners (UCP) идараялъул президентлъун хIалтIулев вуго Роснефть кампаниялъул Генералияв директор Игорь Сечиние гIагарав партнерлъун кколев Илья Щербович. Лъалеб букIахъе Игорь Сечин вуго президент Владимир Путинил гор-свериялъул чи.

Цогидав цIивахъарав акционер – цIар арав олигарх ГIалишер ГIусманов. Гьевги ккола Кремлалъе вокьулев бизнесмен. Дагьалъ цебе гьес бичун босана «Коммерсант» абулеб басмаялъул рукъ ва цо чанго редактор хIалтIудаса эркен гьавун, редакционияб политика хисана.

Олег Козырев: «Гьеб кинабго базабун буго Интернет сурсатазда сверухъ х1инкъи кьолеб атмосфера г1уц1изабиялда. Дида ккола гьанжеалдаса байбихьила эркенаб бербалагьи бугел г1адамал Россиялъул интернет сайтаздаса рат1а гьариялъул ва гьединал интернет проектазе нухмалъи гьабулел бут1рул хисиялъул иш».

ХIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъчагIаз балъгояб гуреб къагIидаялъ хIаракат бахъулеб буго лъидаго рачIел интернет сайтал мутIигIлъизаризе.

Блогосфераялъ экономикияб, политикияб ва социалияб гIумруялъе гьабулеб асар цIикIкIунеб бугин соналдаса соналде ва цIикIкIинеги буго, ян абулеб мухбирзабаз.

Россиялъул ЦIех-Рехалъул комитеталъул вакил Владимир Маркинил гьадин абуна гьелда бан: «Унго-унгояб информационияб рагъ унеб буго пачалихъалде ва гIадлу-низам цIунулел гIуцIабазде бугеб халкъалъул божилъи хвезаби мурадалда». Гьединал сайтазде къватIисел улкабаз квер бакъи гьабулеб бугин, тIаде жубана Владимир Маркиница.

Том Балмфорд
Эркенлъи радиоялъул мухбир