Афгъанистаналда чΙван вуго 22 рагъулав

Афгъанистаналда арал къоязда кьвагьиязул ва тΙадекΙанцΙиязул къурбаналлъун лъугьун вуго улкаялъул хΙинкъигьечΙолъиялъул къуватазул 22 хΙалтΙухъан. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго пачалихъалъул нухмалъиялъ.

Унеб машинаялъул нухда бомба кьвагьиялъул хΙассилалда Кандагар провинциялда хун вуго лъабго солдат. Гьебго провинциялда контролалъул посталда кΙиго экстремистас чΙван вуго анкьго полициялъулав. Мухъалъул администрациялъул вакиласул рагΙабазда, тΙадекΙанцΙаралги посталда рукΙаралги цоцада лъалел рукΙун руго.

Афгъанистаналъул рагъулазде тΙадекΙанцΙиял гьарун руго гьединго Кабулалда, Бадахшаналда, Пактиялда, Гильмендалда ва Парваналда.

Гьеб киналдаго цебе лъазабулеб букΙана афгъанистаналъулги халкъазда гьоркьосел къуватазулги цадахъаб операциялъул хΙассилалда чΙварав щуго боевикасул хΙакъалъулъ. НАТОялъул вакиласул лъазабиялда рекъон, чанго чи аресталде гъоркье восун вуго гьединго, гьездаго гъорлъ талибазул кΙиго лидерги.