Оппозициялъе яргъил кумек гьабизе бегьула Евроцолъиялъ

Сириялъул оппозициялъе ярагъ чΙезабиялда хурхараб эмбарго нахъе бахъиялда хурхараб Евроцолъиялъул хΙукмуялъ Женеваялда тΙобитΙизе планалда бугеб Сириялда сверун халкъазда гьоркьосеб конференциялъе зарал ккезабизе бегьула. Гьединаб лъазаби талат къоялда гьабуна россиялъул къватΙисел ишазул миинистр хисулев Сергей Рябковас. Гьесул рагΙабзда, гьеб хΙукму данде кколеб гьечΙо 3-леб июналда гъулбасал лъеялъе рагьизесеб Ярагъ бичиялда сверун халкъаздагьоркьосеб къотΙи-къаялде.

Итни къоялда Евроцолъиялъ хΙукму гьабуна сириялъул оппозициялъе ярагъ чΙезабиялъул эбарго нахъе бахъизе.

Британиялъул къватΙисел ишазул министр Уильям Хейгица лъазабухъе, нахъ тΙамичΙого Сириялде ярагъ битΙиялъул планал Евроцолъиялъул улкабазул гьечΙо, амма къабул гьабураб хΙукмуялъ гьезие рес кьезе буго перспективаялда жигарал галаби гьаризе.

Официалияб къагΙидаялда эмбаргоялъул болжал рагΙалде бахъуна 31 маялда.