25 маялъул теракталдаса зарал ккаразул 13 хутΙулев вуго азарханаялда

Дагъистаналъул сахлъи цΙуниялъул министерлъиялъ мухΙкан гьабун лъазабуна, 25 маялда МахΙачхъалаялда Жанисел ишазул министерлъиялъул минаялда аскΙобехун гьабураб кьвагьиялъул хΙасилалда зарал ккун азарханаялда вегизавуразул къадар кколин 19 чийин. Гьанжеги 13 чи хутΙулев вуго азарханабазда, гьезул лъабгояв вуго амбулаториялъул режималда сах гьавулев.